Къур’аналъул Академиялъул ресал

Гьанжего х1алт1изабизе бегьулеб жо

Къур’аналъул Академия х1адур гьабулел чаг1азул нийат буго бат1и-бат1иял лъай кьолел механизмал г1умруялде рахъинаризе, ва гьезул щибаб, х1акъикъаталда, жиндир зах1малъиялъул х1исаб гьабидал, хассаб к1удияб проектлъун кколин абизе бегьула. Гьабсаг1аталда ниж руго цебет1еялъул байбихьуда, амма гьанжего дур рес буго нижеца х1адур гьарурал г1емерал бат1и-бат1иял алатазул х1албихьизе.

Къур’ан ц1али

Нижеца ях1 бахъулеб буго Хирияб Къур’ан ц1алиялъе ц1акъ квег1енаб алат г1уц1изе. Жакъаго дуда гьелда жанир ратила г1адатиял гурел ресал, т1ок1алъ бат1иял бак1азда данд ч1валарел.

  • Щибаб раг1ул таржама. Дуда бихьизе к1ола дуе бокьараб мац1алде гьабураб Къур’аналъул щибаб раг1ул таржама. Нижеца х1адур гьабун лъуг1улеб буго г1урус мац1алде гьабураб таржама, ва сайталде английский мац1алде буссинабураб таржама т1аде жубан буго, гьединго х1алт1аби унел руго Къур’аналъул раг1аби башкиразул, таджиказул, азербайджаназул ва турказул мац1азде руссинариялда т1ад.
  • Г1емерал тафсирал. Дур рес буго анкьго аслиял Къур’аналъул тафсирал г1араб мац1алда рагьизе, ва гьединго рагьизе г1урус мац1алде таржама гьабурал тафсиразул к1иго бищун машгьураб тафсир: аль-Мунтахаб ва ас-Саг1ди. Цоги нижер кумекчаг1аз х1алт1и гьабулеб буго Ибну Касирил тафсир нижер сайталде т1аде жубаялъе г1оло.
  • Таджвидалъул къаг1идаби белъи. Дуда къокъаб заманалда жаниб бит1ун Къуран ц1ализе лъазе бук1иялъе г1оло, дуца пайда босизе бегьула таджвидалъул къаг1идабазе х1адурарал, релъарал х1арпазул цоялде т1аде курсор бачарабго жалго загьирлъулел малълъабаздаса.
  • Бат1и-бат1иял Къур’ан ц1алиялъул навигациялъул низамал. Дур рес буго цо бихьизабиялъул низамалдасан цогиялде рахине; дуда к1ола Къур’ан ц1ализе аятазда, суратазда, рубг1азда, х1избазда яги джузазда рекъон. Гьединго дур ихтияр буго т1ок1аб ч1еч1ого аятал ц1алулеб, нахъаса къот1и гьеч1еб ц1алиялъул низам биччазе.

Г1араб мац1алъулги таджвидалъулги курсал

Видео-лекцияби ва гьединго дур лъаялъул хал гьабулеб суалаздасан г1уц1арал тесталги жанир ругел, интерактивный ц1алул курсал х1адур гьариялда т1ад х1алт1улел руго ниж. Цоги дуе мунпаг1атаблъун бук1ила, курс лъуг1арабго, дуе курсалдаса щвараб г1елму-лъаялъул хал гьабулеб ахирияб мастер-тест т1убазе.



Рек1ехъе лъазаби

Гьаб баб цо рахъалъ Къур’аналъул Къамусалда релъараб буго, амма гьаниб дуца алаталгун хІалтІи гьабизе буго, аслияб мурад жидер бугеб - дуе кІварабгІан хехго Хирияб Къур’аналъул аятал рекІехъе лъазаризе рес кьей.

Гьабсаг1аталда нижер гьанир рагьун руго хадусел рек1ехъе лъазабиялъул механизмал:

  • Аят лъуг1изабизе. Дуе кьола ч1обогоял ячейкаби ругеб, цо-цо бак1алда ц1езабураб аят. Дуца бит1ун ц1езаризе ккола гьел гьоркьоса камурал раг1абиги лъун.
  • Г1енеккизе ва раг1аби ц1езаризе. Дуе кьола ихтияр аяталъухъ г1енеккизе. Гьелдаса хадуб дуца гьелъул раг1аби бит1араб тартибалда ц1езаризе ккола.
  • Раг1аби лъезе таржамаялда рекъон. Дуе кьола ч1орогоял ячейкабазул квац1и. Дур масъала - аяталъул раг1аби таржамаялда рекъон къвариг1арал ячейкабазда лъезе.